Обложка трека Кастор — Axti-xti
2:47

Axti-xti Кастор

Сингл · 2020

Скачать

Текст песни

Жакъа унев вуго дун магIарухъе
МугIрузда чучизе чорхол хиялал!
Хехлъулеб буго ракI гIишкъу бикьизе
Бакъуе салам кьолей мугIрул ясалъухъ!

Салам, салам, салам, гIаздалал мугIрул!
Салам, салам, салам, гIагараб росу!
Салам, салам, салам, мугIрул мадмазель!
Салам, салам, салам, салам!

ЙорчIами, хирияй, щвана дун духъе!
Дур цIорол рагъида цеве вуго дун!
Кий йигей, кий йигей, мугIрул мадмазель?
Яхъинарищ къватIий, жемиларищ къвал?

Салам, салам, салам, гIаздалал мугIрул!
Салам, салам, салам, гIагараб росу!
Салам, салам, салам, мугIрул мадмазель!
Салам, салам, салам, салам!

ГъежтIа гIеретIги бан, маркIачIугIужалъ,
ЯчIа, дир хирияй, лъел цIезе иццухъ!
БацIцIадаб гьава цIцIун, иццул лъим гьекъон,
Цоцаздаги хурхун рогьила сор до!

Салам, салам, салам, гIаздалал мугIрул!
Салам, салам, салам, гIагараб росу!
Салам, салам, салам, мугIрул мадмазель!
Салам, салам, салам, салам!

0:00 0:00